25 Февраля, 15:54

ГЬАДИНАБ НУХДАСА АНА БАГЪДУЛОВ

Дида лъалаан ЧIохъа Багъдуловазул ГIумархIажиги МухIамадрасулги. Гьезул махщалил рахъалъ кIиявго батIи-батIиявги вукIана. ГIумархIажи К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, юрист, МухIамадрасул актер, Авар театралъул артист.  ГIумархIажида цадахъ гIемерав гIодов чIана, чанги гIенеккана гьесул махсара-хочIалъухъ, рицунел харбазухъ… ГьабсагIатги нахъе цIунун буго гьес жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъ хъвараб ва сайгъаталъе кьун букIараб гьитIинабго мажмугIги…

Амма жакъа бицине бокьун буго Авар театралъул сценаялда гIумру арав МухIамадрасул Багъдуловасул хIакъалъулъ. Жакъа  чIаго вукIаравани, маданият хириялщиназ кIодо гьабизе букIана гьесул 95 сон тIубай. У, ле, гьединав Дагъистаналдаго машгьурав чи вукIана Авар театралъул артист ЧIохъа Багъдулов МухIамадрасул!

Кинха гьев ккарав Авар театралде?

Бицен буго тIоцебе анцIила ункъо сон бараб мехалъ вахъанилан МухIамадрасул халкъалда цеве. Гьеб букIана 9 май. ЧIохъдерил майданалда унеб букIана унго-унгояб къагIидаялъ фашистазда тIад бергьенлъи боси кIодо гьаби: ахIулеб кечI, пулеб зурма, кьабулеб жергъен, гьабулеб кьурди… Гьеб бакIалда   цо васас бахъун тараб кьурдул лазат бихьизе лъикIан…

Гьеле гьев вукIана тIоцебе жиндирго гIагараб росу-жамагIаталда чорхолъ загьирлъараб гьунар цебе рехизабурав МухIамадрасул Багъдулов.

Гьелдаса нахъе рахIат букIинчIо гIолиласе. Росулъ гьев гIахьаллъичIеб сухIмат, тадбир букIанароан. Гьев жеги гьитIинго машгьурлъизе рес кьуна ЧIохъ ЦIадаса ХIамзатил лъураб «Балагьалъул гъамасалда» хIараб ролалъги. ЧIохъ артист гIолев вугилан хабар тIибитIана Гъуниб районалдаго.

Бицуна гьелдаса хадув Багъдулов МухIамадрасул аристлъун вахъине сабаблъун ккарав чи вукIанилан доб заманалда ЧIохъ школалъул директорлъун вукIарав Хархаров Гъилич. Гьесул тIадчIеялдалъун гIолилас  хIаракат бахъун буго Москваялъул Луначарскиясул цIаралда бугеб Пачалихъалъулаб театралияб институталде цIализе лъугьине.

Абизе ккола кьурабазда гьоркьов гIурав росдал васасе гьедигIан бигьаго букIинчIилан улкаялъул тахшагьаралда цIализе. ЦIали гуребги, щибаб къоялъ этюдал, кьурди, кечI ахIи, хIатта, фехтование…

Багъдуловас бицунаан жив тIамулаанила щибаб хIараб ролалъул, гьеб бокьи-бокьунгутIиялъул, хIалаго ккарал гъалатIазул хъвай-хъвагIаял гьаризе, чанго къоялдаса цереги росун хал гьабизе. Гьединаб тIадчIеялдалъун иституталдаго Багъдуловасда бажарун буго жинцаго хIалев героясул хIал-хIукму жиндирго чорхолъ бессулеб къагIида батизе. Гьедин гьечIони балагьулез артистги бигьа-бигьаго къабул гьавуларелъул.

БицинчIого щиб гьабилеб, гьаб ккана цо магIарул росулъ гIезегIан цебего. Гьениб унеб букIана ГIабдулмажид Хачаловасул «Аманат» абураб спектакль. МухIамадрасулица хIалеб букIана КIудияб ВатIанияб рагъдаса лъутун вачIарав Сулейманиль роль.

Багъдуловасул герой вукIуна росулъго цеве ккурав, берцинав ва гьебго заманалда кьварарав гIолилав. Росулъго берцинай Маръям ячине цIарги чIван, ун вукIуна фронталдеги. Амма тIурун вачIарав гьесие нагIана кьола мугIруз, иццаз, парсаз… ТIадежоялъе чIужулъун ячIине инкар гьабун буго дой росулъго гьайбатай Марьямицаги…

Гьеб кинабго бихьараб Багъдуловасул гьоболасда. Къаси рокъове щварав гьев лъугьун вуго МухIамадрасулил кверцин тIокIаб босизе гьечIилан. ВахI, щиб ккарабилан тIаделъиларищ жиндирго гьудуласде нилъер ЧIохъа машгьурав артист.

- Щибха ккелеб, гьудулавчи, гьадигIан беццавищ вукIарав дун, дур гьеб хIалихьалъи гьанжелъизегIан бихьичIого хутIизе ккани,-ян лъугьун вуго МухIамадрасулил гьобол.- ТIокIаб дир рокъобе нухгицин дуе гьечIо….

Гьеб рагIарав Багъдуловасда гуребги, нилъедагогицин релъи кевезе кIвелароан. Гьелеха артистасул гьунарги, гьунаралъул кIодолъиги!

Хадуса рекъел ккечIогои букIинищха, амма доб мехалъ гьунар бугел Багъдулов  МухIамадрасул гIадал аристазул гьединал халкъалда гьоркьор бицен-кициялде сверарал лъугьа-бахъинал ккечIого хутIулел рукIинчIо.

Гьезул гIемер бицунаан дир гьудул, Авар театралъул бетIерав режиссерлъун вукIарав ХIайбула ГIабдулгъапуровасги.  Гьес жиндирго тIехьалдацин гьадин хъван буго М-ХI. Багъдуловасул хIакъалъулъ : « I967 сон. Буйнаккск шагьар. Гуржиялъа дун вачIана режиссерасул махщел камил гьабиялъе дипломалъулаб спектакль лъезе. Доб мехалъго Багъдулов вукIана лъеберго-кIикъого роль хIарав артист. Гьебги щиб – А. Къурбановасул «ЦIадулъ росарал мугIрузда» МахIач Дахадаевасул, В. Шекспирил «Отеллоялда» Родригол ва Кассиол, Расул ХIамзатовасул «МагIарулалда» Юсупил, М. Лемонтовасул «Беллаялда»  Печоринил, ХIажи Заловасул «ХIасратай кочIохъаналда» ГIумарил… МухIамадрасулица къагIидаби гьаричIо, чIанда хъуричIо, кIвараб жанги махщелги кьун хIаракат бахъана», -ян.

Гьеле доб мехалъ бергьарав режиссерас бергьарав артистасе кьураб къимат!

Багъдулов МухIамадрасулил хIакъалъулъ гIезегIан хъвана республикаялъул газетазда. Гьев мустахIикълъана "Дагъистаналъул мустахIикъав артист" абураб хIурматияб цIаралъе, цоги шапакъатазе.

Пал хIасил, ЧIохъа МухIамадрасул Багъдуловасулги  кIудияб бутIа бугилан абизе бегьула нилъер Аваразул музыкалиябгун-драмаялъул театралъул гIумруялда, тарихалда жаниб.

МухIамад КЪЕДЕДОВ, журналист

 

Просмотров:

сегодня: 1, Всего: 95.

Комментарии0

Новый комментарий

Чтобы оставить комментарий необходимо авторизоваться